КАКДА ХАДУБ ГЬАБУЛЕБ ДУГlА⠀ོ

Бараб как къабул гьабе Аллагь.
Ильбис къураб къуват кье Аллагь.
Мун разияб гlамал кье Аллагь.
Гlадан урхъараб сабру кье Аллагьас.
Хlабиб вихьун роххел кье Аллагь.
Рохараб ахират кье Аллагь.
Нагагь балагьалдасан цlуне Аллагь.
Гlасияб хвалдасан цlуне Аллагь.
Бугьтан-гъибаталдасан цlуне Аллагь.
Жахlда- хlусудалдасан цlуне Аллагь.
Унти - шокълъиялдасан цlуне Аллагь.
Зулму- пасалъиялдасан цlуне Аллагь.
Иманалда тlоритlе Аллагь.
Боцlи хlалалаб кье Аллагь.
Хlал бусурбанаб кье Аллагь.
Алжан гlуцlараб гlамал кье Аллагь.
Жужахl сунеб сабру кье Аллагь.
Рухlал иманалда рахъе Аллагь.
Хlисаб суал босулеб къоялъ ритlун ккезаре Аллагь.
Мункар- Накиресе жаваб кьолеллъун гьаре Аллагь.
Нижер хварал эбел-инсул вацал - яцал гlагарал-божарал чагlазул мунагьал чуре Аллагь.

Комментарии