Ас-саламу г!

алайкум, Маг!арулал щиб буго ножор къо мехал
Къвариг!ун йиго къоги, ях!ги, намусги ц!арги , цебегосе умумузул ккурай цо микьир г!адай яс ячине льадилъун ругищ гьединал ясал маг!арул.
МАГ!АРУЛАЙ.
Дица радал вахъун ворч!Ами кьола,маг!арул г!ерет!гун лъадай унелъе.
Лъен босун бокьосан рак бахъулелъе.
Рекьи гьабулаго хурий унелъе.
Херай г!адамалъул г!ака беч!ч!изе, мадугьалихъ йик!ин к!очонарелъе
Какил г!уж инелде,эбги ригьда бан,АЛЛАГЬ гурх!айгиян х!елх!едулелъе.
Россасул хъач!лъиги, лъимал г!одиги, недегьлъиян къвал бан къабуллъулелъе.
К!алт!е гьобол щвейгун гьесул чодуе, к!алц!и, хер хех гьабун цебе балелъе.
Дица бет!ер къулун адаб гьабула иман ях!, ц!ик!к!арал ц!уял жалазул.
Ц!адар реханиги, хилиплъиялде хивал т!амуларел т!инч!ал ясазул.
Берцинго ч!амуле ч!анда харбазе, харт!ан нуц!а къалел къоролзабазул.
Къвариг!ел гьеч!ого гьерсал рицунел ц!уя, бихьиназул бади тулезул

Комментарии